20 января 1921 года по декрету ВЦИК был образован сельский Совет селения Маали Гунибского округа

Они руководили в разные времена.

Традиции из поколения в поколение.

Мы гордимся ими.

Они испытали на себе горечь войны.

ГЛАВНАЯИСТОРИЯФОРУМФОТОАЛЬБОМФОЛЬКЛОР


ИСТОРИЯ - ЭТО СВЯЗЬ МЕЖДУ УМЕРШИМИ, НЫНЕ ЖИВУЩИМИ И ЕЩЕ НЕ РОДИВШИМИСЯ

Э. Берк.


 Учеными Дагестана и других народов установлено, что поселения в Дагестане,  в частности, в тех местах, где теперь проживают аварцы, появились около 20 тысяч лет тому назад. Доказательством того, что здесь были поселения, является то, что в наше время здесь находят следы дорог, террас и участков пахотных земель. Территория, где ныне расположилось село Маали в разные времена населяли разные народы.

До прихода теперешних маалинцев здесь жили грузины. Об этом свидетельствует, тот факт, что в некоторых аварских селениях до сих пор находят фрагменты христианской утвари.

По некоторым сведениям, замученные княжескими междоусобицами, грузинские крестьяне в X –XI вв. перебрались сюда в поисках лучшей жизни.

По другим - грузинская царица Тамара насильно переселяла сюда своих подданных.

В наше время в Маали продолжают находить грузинские кладбища. До наших дней дошли также развалины грузинского села (100-150 хозяйств). Маалинцы называют это селение Росохъ. В Росохъ продолжаются археологические поиски силами местных школьников. Среди их находок есть много интересных свидетельств о быте жившего здесь народа. Кроме того, сохранилось даже название одного из окрестностей села, которое было получено во времена царицы Тамары, «Тамайил бакI» (Земля Тамары). 

В конце XIV века грузины покинули эти места и перебрались на свою историческую родину. Существуют две версии причины ухода грузин. Первая версия связана с тяжелыми условиями быта. В том числе отсутствием плодородных земель и водных ресурсов. Вторая причина связана с распространением ислама в горных районах Дагестана и, как следствие, появление межконфессиональных конфликтов.

После ухода грузин на территории нынешнего Маали стали хозяйничать кудалинцы (жители сел. Кудали Гунибского района). Первое время кудалинцы занимались здесь охотой и собирательством. Со временем некоторые из них остались здесь жить.

Официально считается, что село Маали образовалось в 1585 году.

20 января 1921 года по декрету ВЦИК был образован сельский Совет селения Маали Гунибского округа.

В 1936 году в селении Маали был создан колхоз им. Жданова.

С 1944 года селение Маали входит в Гергебильский район.

В настоящее время в селении насчитывается около 720 хозяйств и 2300 жителей.


 

 

ИСТОРИЯ НА АВАРСКОМ ЯЗЫКЕ 

Дагъистаналъул ва советиял г1алимзабаз ч1езабун буго Дагъистаналда ва гьездаго гьоркьоб гьанже маг1арулаз г1умру гьабулебругел маг1арухъги гьанжеялдаса 20 азарго соналъ цебе г1адамаз г1умру гьабулеб бук1ин. Гьесдалъун рак1 ч1араб буго маг1ладерил ракьалдаги чанго бат1и-бат1иял г1адамаз, бат1и-бат1иял г1асрабазда г1адамаз г1умру гьабулеб бук1инги. Гьеб бихьулеб буго гьанже маг1ладерица г1умру гьабулеб рак1алда рук1ин гьезда ва гьезул умумузда лъаларого рук1арал ц1акъгозах1матал бак1азда гьарун рук1арал цогидал х1алт1аби. Гьаниб абизе ккола маг1ладерил ракьалдаги гьеч1о имсанас квер багъари гьабич1еб бак1. Аслияб къаг1идаялда хурзал гьари. Гьеб буго халатаб история.

Гьанжесел маг1лал рач1инег1ан маг1ладерил ракьалда г1умру гьабулеб бук1ун буго гуржияз. Гьел кинха гьанире ккарал? Гьеб ккола г1агашагарго IX-XIV г1асрабазда. Гьеб заманалда Гуржистаналда гьоркьоса къот1ич1ого рагъал кколел рук1ун руго жодедаго жанил-князьзабазда гьоркьоб. Гьелъ рах1ат хвезабурал г1емерал рекьарухъаби рехун тун гуржистанги лъилго квешаликь гьеч1ел ч1орогоял ракьазде маг1арухъе гочун руго. Маг1ишат г1уц1изе зах1мат бук1аниги ракъниги бук1инч1о гьезие гьаниб. К1иабилебги г1ила:XIIаб г1асруялъл 90аб.соназда гуржиялъул царица Тамараца жигар бахъулеб бук1на маг1арухъ ругел г1адамазда гьоркьоб христианазул дин т1ибит1изабизе ва гьеб г1илаялъе г1оло гьелъ маг1арул ракьалде х1алалъ гочинарулелги рук1ун руго мискинал гуржиял-рекьарухъаби, такъсирчаг1и ва кашишалги.Гьелъие  рак1 ч1араб нуг1лъун ккола гьел саназда бараб гьанжеги нахъе хут1ун бугеб Советский р-оналъул Датунаялда гуржияз бараб килиса. Гьеле гьеб заманалда Маг1рилги рук1ун руго гуржиял. Нахъе хут1арал биценазда божани гьез Маг1либ г1умру гьабун буго XIVаб г1асруялъул ахиралде швезег1ан гьез бан бук1араб 100-150 ц1араки бугеб г1адаб росуги бук1араб, амма гьанже ч1унталиде сверараб гьал ахирал соназде швезег1ан Маг1либ бук1ана. Гьелда ц1арги маг1ладерица “Росолъ” абун гьениб гьаб саг1атги г1емер батула гьезул шаг1ил ц1а-раг1 гъурун хут1арал рекарал ц1акъго рицатал рекелал, накъишал рахъарал ганч1ал, ганч1ил алатал ва цогидалги. Росдал г1адамаз минаби разе гамач1 нахъе баччун, гьанже гьеб росу бук1араб бак1алъул хут1араб бук1цин гьеч1илан абизе бегьула. Гьел Маг1лиса нахъе инее г1илаги рик1к1уна маг1ишаталъе зах1матаб бак1 бук1ун хасго г1емерал соназ бакъ бан ракь холеб бук1ин, лъалъазе лъим гьеч1олъи ва аслияб г1ила Гуржистаналда рагъ-кьал дагьлъи. Гьенибго маг1ишат гьабизе бигьаяб бук1ун унаго гьез киналго минаби рух1ун руго. Гьез гьанир гьарун рук1ун руго ч1ах1иял хурзал, магълъал ва ахалги. Хасгогьез т1ад ч1ун г1езабулеб бук1ун буго ц1ибил ва гьеб маг1ладерил ракьалда лъик1го бижулебги бук1унги буго.

Гуржи миллаталъул г1адамал нахъе аралдаса гьеб ракьалъул бет1ергьабилъун рахъун руго Кудел( гьанже Гъуниб районалъул Кудали росу ).

Гьел гьанире рач1унел руго соналъ гьеб заманалда ц1акъ гьарзаго бук1араб чан гьабизе. Гуржияз г1езабураб ахалги хурзалги ч1унтун руго гьедин ун буго XIV-XVаб г1асраби гьедин ч1обого маг1ладерил бак1. Дагъистаналъул мац1ал абураб т1ехьалда хъван буго XVIII-аб. г1асруялъул ахиралда куделдерил жамаг1аталдаса нахъе т1ун бат1а рахъун ч1ана Мурада, Дарада, Хъвартикуниб ва Тунзы росаби абун. Гьениб Маг1либ бак1 рехсон гьеч1о. Гьелъ нуг1лъи гьабула гьеб заманалде Маг1либ бук1ин жибго-жиндаго ч1араб к1удияб росу. Гьел росаби XVIII-аб г1асруялда Кудалисан ккарал ратании Маг1лал кудалисан рач1ун Маг1лир ч1ун рук1ине ккола XVI-аб г1асруялдаго. Гьелъие нуг1лъи гьабула г1емерал биценазги ва ганч1ида рик1к1ун хъварал цо-цо г1емерал тарихъазги.

Гьелдалъун абизе бегьула Маг1либ росо бижизе кьуч1 лъунилан XVI аб г1асруялъул к1иабилеб бащалъиялда. Дир пикруялда рекъон гьеб ккола 1585 соналъул май.

Нахъе хут1араб биценазда божани (гьел г1емерисел рит1аралги ратулелха) гьанже Х1ажимух1амал Мух1амадил ва Ях1иях1ажиясул минаби ругел бак1азда гьеле гьеб заманалда 5-10 чияс ран руго жодоего г1исиналго 1-2 рукъги цо-цо боц1уе бокьалги ругел минабиги.

Гьеб буго маг1ладерил ракь кибехунго бихьулеб, лъим-ц1адаз зарал гьабизе рес гьеч1еб, лъеде г1агарда, гъоркь кьуруги бугеб борхалъибугеб бак1. Гьеб заманалда маг1ладерил ракьалда кутакал рохьал заз-хъарахъ бижун бук1ун буго. Гьез т1оцере минаби рарал бак1аздай сит абуни кьуру бух1иналъ гъвет1-хер бук1ун гьеч1о.

Гьеле гьез х1алт1изаризе байбихьун буго гуржиязго гьарун тарал хур-ахал ва т1адеги жодоцагоги гьарун руго хурзал. Щибаб соналъ 5-10 ц1араки Кудалисан рач1ун Маг1лир ч1ун руго. 50 г1агарун соназ маг1лив хварав чи (гьодги бекун) чолаги къан вукъизе Кудалире рачунел рук1ун руго. Щай гьел гьенире рачунел рук1арали 2 бат1ияб пикру буго: цо-цояз абула хвараз хадуб гьарулеб садакъа жодоего кьине г1оло, цо-цоязин абула жамаг1ат цо бук1ине ай к1удияб жамаг1ат бук1ине г1ололъунилан. Гьеб кисеб бит1араб бугешале лъазе зах1мат буго, амма рак1 ч1араб буго х1алалъ Кудаливе восизавулев вук1ин куделдерил жамаг1аталъеги рак1 ч1араб буго.

Ахирги маг1ладерица инкар гьабун буго хварав Кудаливе ваччизе.

Теларилан Кудел риччаларилан маг1лалги рагъцин ккун буго. Ахирги маг1ладерие бокьухъе тун буго.

Боц1уе базе бугеб раг1и-хер маг1ладерица ц1унулеб бук1ун бугот1ахазда ва гьорохъ. Гьелдалъун г1емерал ц1аял кколел рук1ун руго. Х1укму гьабун буго “хъилаб” абулеб бак1алда ц1унизе гьеб раг1и-хер. Гьеб бук1ун буго малиги ч1ван рахине кколеб бак1алда. Гьелдасан бач1арабилан абула росдада ц1арги-Маг1либ абун. Гьеб ц1ар росдада рек1инеан Куделдерица маг1ладерида “ Кулал” абун абулеб бук1ун буго. Бекьулеб бук1ун буго ролъ, буг1а, гьохъ, луч ва гонег. Гьелъие нуг1лъун руго гьаб саг1атги росдал къот1нахъ ругел лал т1амулел, гьоц1абаз рачунел рук1арал ч1ах1иял ганч1ил махрабаз. Ц1оросаролъ ва баг1аргьоло бекьизе ругьунлъаралдасан т1убанго культураби рекьи т1убанго рехун тун буго. Хьихьулеб бук1ун буго г1и, боц1и. Ц1акъго зах1мат баччун г1езарун руго ахал. Бищунго к1вар кьун г1езабулеб бук1ун буго ц1ибил, хадубин абуни пурч1ун бугел пихъал. Лъик1го бижулеб бук1ун буго ц1оросаролъ. Гьелдалъун маг1ладерида гьит1инаб чачан-инанги абулеб бук1ун буго. Бищунго маг1ладириеги маг1лалги рокьулел чаг1и рук1ун руго хьергеб. Щаялего П. Каримовас ч1унтараб росу хьергедерие кумекалъе Салт1а сверухълиялдаса г1адамал рач1анилан абураб                        бак1алда маг1ладерил ц1ар рехсон гьеч1о. (  Шамилил штабалда “ Церехун” газета 17 январь 1989 с) гьеле гьенир унго-унго хьергебдерие х1алае ратарал ккола маг1лал. Гьикъе хьергебдерил хут1аразда. Цоги мисал: хъах1азул аскар хьагабиреги к1анц1ун бахъараб г1емераб бечелъи гьез ц1унун бук1ун буго солдерил кьода жаниб. Гьезухъа гьеб бахъун буго маг1ладерица ва Маг1либеги баччун щибго теч1ого хьергебдерие нахъ бусинабун буго, 1919аб сон 22 сентябрь. Г1адат бук1ун буго Бец1къварилъухъе нух къач1азе росаби рахъинарулеб. Хьергеб рач1ине нух къач1азе рач1ине ругеб цебехун къоялъ Маг1либ г1ак1а ах1улеб бук1ун буго “ нухт1е хьергеб рач1ине раг1ула гьезие гьоболлъи гьабизе къач1ай. Гьел пихъ кваназе ахазукье раче”-ян. Гьедин абулебги бук1ун буго. Хьергеб Маг1лиреги, маг1лал хьаргабиреги гьоболлъухъ хьвадулел рук1ун руго. Гьабулеб бук1ун буго квана-гьекъей хасго т1орит1улел ру1кун руго спорталъулал къецал, гамач1 рехи вагугар. Гьанже гьудуллъи киналго росабазул щулияб буго.

Шамил имам ккун хадуб, Жифрисалде аманатх1исабалда къадру къимат бугел маг1арулазул чанго чи вачун вуго. Гьезда гьоркьов Маг1лиса генху абурав чиги вук1ун вуго. (Историялда хъван буго Инхо Хавала абурав чи абун). Гьеб т1ехь Маг1ладерил росу бакьулъан буго чабхил к1к1ал. Гьеб к1к1ал бук1ун гьеч1о. Гьенир бук1ун буго ахал ва хурзал. К1к1ал бакьулъ бук1ана к1удияб ц1улакьодул гъвет1. Гьелда абулаан х1айидал икил гъвет1абун. Гьедиг1ан к1удияб ц1улакьодул гъвет1 кибниги бижун батиларин абуни гьереси ккеларо. Росого берцин гьабун бук1араб гьеб бух1изе ц1улал ч1оло 1930 абулел соназ къот1ун буго. Дарада раг1ала бук1араб кутакаб рохь къот1аралдасан дагь-дагь ккун ихал рач1ун руго гьез бачун чабахги бач1ун буго. Шамилил болъ г1езег1анго маг1лал рук1ун руго ах1ул гох1да ккараб рагъулъ бах1арчиго вагъарав Х1ажидада абулев чиясул гурони цар нахъе хут1ун гьеч1о ревалюция ккезег1ан росулъ бук1ана 6 мажгит ва цо мадрасаги. Гьел къан рук1ана 1930 аб соназ. Бат1и-бат1иял соназ х1еж борхизе Меккаялде ун вуго Маг1лиса 35 г1анасев чи. Цояв нахъ вусун вач1унаго унтиги ч1ван хун вуго ва Стамбулалда г1агарлъухъ вукъун вуго. 1905 соналъ бук1араб г1урусазулги япониялъулги рагъулъ г1ахьаллъи гьабун буго лъабго чияс: Сайпулагьил Х1асаница, Гъамбулатил Хажил Мух1амаца ва Къурах1мал Мусаца. Гьел гъая гьеч1ого нахъ русун руго. Т1оцебесеб дунялалъул рагъулъ( Маг1арулаз гьелда австриялъул рагъилан абулаан) маг1ладерил 14 чияс г1ахьаллъи гьабун буго. Гьел рук1ун руго Тунзиса Муртазаг1али абулев царасул армиялъул афицер-камандирлъун вук1арав. Гьезул цо-цоял нахъ русун гбеч1о. Рагъулъ бихьизабураб гьунаразе г1оло гьел рагъазулъ Маг1лиса Х1ажиясул Г1умар абулев Маг1лисесе махул орден кьун буго. Рагъулъ Х1ах1 Мух1амадил лъик1ав гьалмагъ вук1ун вуго Маг1лиса Муртазал вас Мух1амад. Ревалюциязул соназ цониги маг1лисес г1олохъанаб советияб власталде данде бахъулеб бук1араб цониги армиялда яги къукъаялда гьоркьоб г1ахьаллъи гьабун буго. Гьединго цониги маг1лиса чияс советияб власталде данде рагъизе г1адамалги ах1ун  гьезул къукъаги г1унц1ун гьеч1о.

Маг1лиса: Гьимат, Саг1адулагьил Г1умарва ва Мух1амадов Мух1амад (Гьит1инав Мах1ама) баг1араб партизаналлъунги лъугьун ревалюциялъул тушманзабазде данде рагъулел рук1ана. (Саветияб власталъул соназда т1оцебесев бегавуллъун Узунин Мух1амад т1амун вук1ун вуго).

Маг1либ школа рагьун буго 1926 соналда. Гьелъул т1оцебесев зав. шлалъул Ч1охъа Г1ошал Мух1ама вук1ун вуго .Маг1либ колхоз г1уц1ана 1936 соналъ. Маг1лиса т1оцеве партиялде лъугьарав чи ккола Х1асанов Мух1амад(инук1). Гьев партиялде лъугьун вуго Махачкалаялда 1920 соналъ. Маг1либ т1оцебе партиелъул ячейка рагьун буго 1925 соналъ Маг1либ т1оцебе комсомолазул ячейка рагьана 1926 соналъ. Гьезул т1оцебесев секретарь Г1амачов Абдурах1ман вук1ун вуго. Партиелъул ячейкаялъул т1оцебесев секретарьлъун Ругъжаса Г1исаев Г1абдула абулев чи вук1ун вуго.

Саветияб х1укуматалъул соназда 2 ч1ужу г1адан йик1ана росдал советалъул председательлъун: Г1алибегова Пат1имат ва Гъазимух1амадова Марьян. Партиялъул мухъилъе лъугьарай т1оцебесей ч1ужуг1адан ккола Юсупова Г1ашура. Т1оцебе т1адег1анаб лъай босарав Маг1лисев ккола Мух1амадх1ажиев Мух1амад (ветврач). Т1оцебе т1адег1анаб лъай шварай Маг1лисей ккола Х1асанова Пат1имат (учительница).

Ват1анияб рагъул соназда (1941-1945) гьеб рагъулъ г1ахьаллъи гьабун буго 97 чияс гьезул 53 нахъ вусун гьеч1о, нахъ русаразулги 54 хун гьабсаг1ат нахъе ч1аго руго 9: Мусаев Х1осен, Дибиров Ш, Х1ажиев М, Цых1илов Г1, Г1умаров А, Саг1идов А, Г1алиев М, Асадулаев Бадрудин.

Маг1лиса Г1абдулмаликица рехстаг бахъизе гьарулел рагъазулъ г1ахьаллъи гьабун буго.Берлин бахъулаго рагъазулъ г1ахьаллъи гьабун буго Саг1идов Г1абдулмаликица. Рагъ байбихьаралдаса лъуг1изег1ан рагъулъги вук1ун 1945 соналъ 3 маялда Берлиналда ч1ван вуго эбел-инсул цо вук1арав вас Маг1лиса Мух1ат1алил Мух1ама. Гьеб рагъулъ г1ахьаллъарал маг1ладерил г1езег1аназе щун руго медалал. Кавказалде немцал рач1индал гьезда данде рагъулел рагъухъабазе, окопал ва хандакъал рахъиялъулъ г1ахьаллъи гьабун маг1ладерил нус-нус бихьиназ, руччабаз ва г1олилазги. Кавказ ц1униялъе г1оло медалал кьун руго 26 маг1лисезе (за оборону Кавказа).

Ват1анияб рагъул соназда мисалияб х1алт1уе г1оло медалал кьун руго 75 чиясе.

За доблестный труд в Великой отечественной войне сов. союза (41-45).

Калхозалда мисалияб къаг1идаялда х1алт1иялдалъун 1967 соналда “зах1маталъул баг1араб байрахъ орден” кьуна Шейхов Г1умарие.

   Маг1лий йиго лъабго бах1арчияй эбел: Исубил Г1алил Пат1имат, Г1абдулаева Хажа ва Г1абдулсамадил Г1алил Анисат.







ГЛАВНАЯИСТОРИЯФОРУМФОТОАЛЬБОМФОЛЬКЛОР

     Один маалинец сказал: "Как только человек, идущий к нам в аул покажется на перевале, я сразу узнаю, хороший это человек или плохой".

Р. Гамзатов.
Мой Дагестан

© Авторский коллектив

Hosted by uCoz